ДА БУДЕТ ДОВОЛЕН ВАМИ ВСЕВЫШНИЙ АЛЛАХ ЗА ТАКУЮ КРАСИВУЮ РЕЛИГИЮ ИСЛАМ КОТОРУЮ В ПРЕПОДНОСИТЕ ВСЕМ ВЕРУЮЩИМ И ВДОХНОВЛЯЕТЕ И ДАЕТЕ ВСЕМ ТАКУЮ СИЛУ СЛУШАЯ ВАС ВСЕ БОЛЬШЕ ЛЮДЯМ ХОЧЕТСЯ БОЛЬШЕ И БОЛЬШЕ ЛЮБВИ И УВЕРЕННОСТИ В СВОЕГО СОЗДАТЕЛЯ И КО ВСЕМ МУСУЛЬМАН ДА БЛАГОСЛОВИТ И ПРИВЕТСТВУЕТ ВСЕВЫШНИЙ СВОЕГО ПРОРОКА МУХАММАДА САВ И ВСЕХ ВЕРУЮЩИХ МУСУЛЬМАН АМИН Я АЛЛАХ❤️🙏
Хирав ХIабибасул бетIер унтидал,
ФатIимат яхъана бетIер бухьине.
ГIаишат йилълъана бусен тIамизе,
ТIад вегизе, - абун, - Бичасул Расул.
Цо чанго къояца бетIерги унтун,
Бусаде кканила хирияв ХIабиб.
ВачIун рагьде щвана дов Малакуль мавт,
Жив жанив лъугьине фурман бугищан.
ФатIимат яхъана нуцIихъа къватIий,
Мун жанив лъугьине фурман гьечIилан,
Дуда кIалъаледухъ ХIабиб гурилан,
БетIер унтун, захIмат Расул вугилан.
Гьабизе жо хвана ГIизраиласул -
Жаниве инеги досдаса нечон,
Жаниве инеги досдаса нечон,
Нахъего вуссине Бичасда хIинкъун.
ХIабибас гьикъана ФатIиматида:
- Гьаб щиб доба, дир яс, гIисинаб гаргар?
- Гьобол вачIун вугин, эмен, нилъехъе,
Макка-Мадиналда вижун вихьичIев.
Макка-Мадиналда вижун вихьичIев,
Вихьизе рокьукъав цо гьобол вуго,
Жив жанив лъугьине фурман бугищан,
Жив жанив лъугьине фурман бугищан.
- Гьелеха гьев, дир яс, дов Малакуль мавт,
ГIадада рокъове кидаго щвечIев,
ГIадада рокъове кидаго щвечIев,
ЧIового рокъосан къватIий лъугьинчIев.
Улбул гIодизарун лъимал рачунев,
Лъимал бесдал гьарун улбул рачунев,
Ханзаби мерхьунев, хобал гIуцIулев,
Занаби чIунтулев - дов Малакуль мавт.
Виччан те рокъове, разияв вуго.
- Ас-салам гIалайкум, йа Расулаллагь!
- ВагIалайкум салам, йа Малакуль мавт!
Дир рухI босизейищ мун дихъ вачIарав?
- Дуе бокьанани рухIги босила,
Дуе бокьичIони зияраталъе...
- Дир гьудул Джабраил кивехун тарав? -
Гьедин гаргадула кIиялго рукIун,
Гьедин гаргадула кIиялго рукIун.
ВачIун тIад щванила Джабраил малаик:
- Ас-салам гIалайкум, йа Расулаллагь!
- ВагIалайкум салам, гьудул Джабраил!
Фанаяб дуньял тун гьалмагъ унелъул,
АскIов ватуларев гьалмагъ вукIунищ?
Бице цо, Джабраил, дий бугеб рохел,
Дий Аллагьасдаса бугеб батани.
- Микьабго алжанги рагь-рагьун руго,
Алжаналда ругел хIурулгIинзаби,
Алжаналда ругел хIурулгIинзаби
Ралагьун чIун руго мун тIад щвеялъухъ.
Анкьабго зоб цIурал малаикзаби
Мухъал гьарун руго мун тIад щвеялъухъ.
- Гьеб гуро, Джабраил, дий бугеб рохел.
Дир умматалъесеб рохел щиб бугеб?
Дие ургъел бугеб - дир уммат буго,
ГIакъуба, къварилъи бихьилин абун,
ГIакъуба, къварилъи бихьилин абун,
СиратIалъул кьода ратилин абун.
- Мунги дур умматги цере инчIого,
Цоги Русулазе алжан гьечIила.
- Гьанже изну буго дир рухI босизе.
Цинги тIад лъугьана дов Малакуль мавт.
Каранде рухI щведал «чIа» - янги абун,
Кверал тIиритIана, Расул гIодана:
- ГьадигIан цIакъищха, дир умматалъул,
Дуца рухI босилеб, йа Малакуль мавт?
Дир умматалдаса рухIалъул кьогIлъи,
Гьеб тIадги кьелила, йа дир БетIергьан.
Гьев Расул пашманаб, шайтIан бохараб,
ШайтIаналъул нухда, воре, хьвадуге!
Гьев Расул пашманаб, шайтIан бохараб,
ШайтIаналъул нухда, воре, хьвадуге!
♥️♥️♥️
МашаАллагь
Салам алейкум. Этот текст сможете отправить мне? Или скажите в какой книге находится?
Ма Ша Аллагь🤲🤲🤲❤❤❤
МашаАллагь киназего Алжан кьейги Аллагьас Амин я Аллагь 🤲🤲 мунагьалги чурайги
Аминь
МашааЛлагь❤😢❤
И да достанется нам шафаат нашего Пророка мир ему и благословение.Амин.
ДА БУДЕТ ДОВОЛЕН ВАМИ ВСЕВЫШНИЙ АЛЛАХ ЗА ТАКУЮ КРАСИВУЮ РЕЛИГИЮ ИСЛАМ КОТОРУЮ В ПРЕПОДНОСИТЕ ВСЕМ ВЕРУЮЩИМ И ВДОХНОВЛЯЕТЕ И ДАЕТЕ ВСЕМ ТАКУЮ СИЛУ СЛУШАЯ ВАС ВСЕ БОЛЬШЕ ЛЮДЯМ ХОЧЕТСЯ БОЛЬШЕ И БОЛЬШЕ ЛЮБВИ И УВЕРЕННОСТИ В СВОЕГО СОЗДАТЕЛЯ И КО ВСЕМ МУСУЛЬМАН ДА БЛАГОСЛОВИТ И ПРИВЕТСТВУЕТ ВСЕВЫШНИЙ СВОЕГО ПРОРОКА МУХАММАДА САВ И ВСЕХ ВЕРУЮЩИХ МУСУЛЬМАН АМИН Я АЛЛАХ❤️🙏
Оосамчьм
Аллагь гурхаги нинлъеда. Амин
Ма ша Аллагь 🌹 🌹 🌹 😭😭😭🥀🥀🥀🌴🌴🌴
Маша Аллагь 😍😍😍🕋🕋🕋👍👍👍
Ма ша Аллагь 🥺🕋☝️😍😭😭
МА ША АЛЛАГЬ🤲🕋☪️🕌
МА ША АЛЛАХ ♥️♥️♥️♥️💯
Ма Ша Аллагь
Ма ша Аллагь 🤲😭😭😭слезы сами пошли у меня❤
МАША АЛЛАГЬ хобги тамахльайги киназего киназего
Ма ша Аллагь 😍
🤲
universe is only thought in the mind of Great Allah...Allahumma, give mahdi health hidoyat and his family also. By this dua make us sahaba to mahd
❤️❤️❤️❤️❤️❤️❤️❤️
👍
МашаАллагь 💚💚💚
💚💚
Subhanallah
Mashaaa allah
❤️❤️❤️
🕋🕋☝️🕋☝️☝️🕋🕋☝️🕋🕋
Ма ша Аллагь 🤲😭😭😭 сердце 💓 екнуло у меня от этого нашида
🕋🕋❤️❤️🤲🤲
😥🤲
😭😭😭😭😭
😢😢😢🤲🤲🤲
Кьаабул гьабеги я аллагь щваги киназего х!абибасул шапаг!ат
😔
😪😪😪😪😪
Хирав ХIабибасул бетIер унтидал,
ФатIимат яхъана бетIер бухьине.
ГIаишат йилълъана бусен тIамизе,
ТIад вегизе, - абун, - Бичасул Расул.
Цо чанго къояца бетIерги унтун,
Бусаде кканила хирияв ХIабиб.
ВачIун рагьде щвана дов Малакуль мавт,
Жив жанив лъугьине фурман бугищан.
ФатIимат яхъана нуцIихъа къватIий,
Мун жанив лъугьине фурман гьечIилан,
Дуда кIалъаледухъ ХIабиб гурилан,
БетIер унтун, захIмат Расул вугилан.
Гьабизе жо хвана ГIизраиласул -
Жаниве инеги досдаса нечон,
Жаниве инеги досдаса нечон,
Нахъего вуссине Бичасда хIинкъун.
ХIабибас гьикъана ФатIиматида:
- Гьаб щиб доба, дир яс, гIисинаб гаргар?
- Гьобол вачIун вугин, эмен, нилъехъе,
Макка-Мадиналда вижун вихьичIев.
Макка-Мадиналда вижун вихьичIев,
Вихьизе рокьукъав цо гьобол вуго,
Жив жанив лъугьине фурман бугищан,
Жив жанив лъугьине фурман бугищан.
- Гьелеха гьев, дир яс, дов Малакуль мавт,
ГIадада рокъове кидаго щвечIев,
ГIадада рокъове кидаго щвечIев,
ЧIового рокъосан къватIий лъугьинчIев.
Улбул гIодизарун лъимал рачунев,
Лъимал бесдал гьарун улбул рачунев,
Ханзаби мерхьунев, хобал гIуцIулев,
Занаби чIунтулев - дов Малакуль мавт.
Виччан те рокъове, разияв вуго.
- Ас-салам гIалайкум, йа Расулаллагь!
- ВагIалайкум салам, йа Малакуль мавт!
Дир рухI босизейищ мун дихъ вачIарав?
- Дуе бокьанани рухIги босила,
Дуе бокьичIони зияраталъе...
- Дир гьудул Джабраил кивехун тарав? -
Гьедин гаргадула кIиялго рукIун,
Гьедин гаргадула кIиялго рукIун.
ВачIун тIад щванила Джабраил малаик:
- Ас-салам гIалайкум, йа Расулаллагь!
- ВагIалайкум салам, гьудул Джабраил!
Фанаяб дуньял тун гьалмагъ унелъул,
АскIов ватуларев гьалмагъ вукIунищ?
Бице цо, Джабраил, дий бугеб рохел,
Дий Аллагьасдаса бугеб батани.
- Микьабго алжанги рагь-рагьун руго,
Алжаналда ругел хIурулгIинзаби,
Алжаналда ругел хIурулгIинзаби
Ралагьун чIун руго мун тIад щвеялъухъ.
Анкьабго зоб цIурал малаикзаби
Мухъал гьарун руго мун тIад щвеялъухъ.
- Гьеб гуро, Джабраил, дий бугеб рохел.
Дир умматалъесеб рохел щиб бугеб?
Дие ургъел бугеб - дир уммат буго,
ГIакъуба, къварилъи бихьилин абун,
ГIакъуба, къварилъи бихьилин абун,
СиратIалъул кьода ратилин абун.
- Мунги дур умматги цере инчIого,
Цоги Русулазе алжан гьечIила.
- Гьанже изну буго дир рухI босизе.
Цинги тIад лъугьана дов Малакуль мавт.
Каранде рухI щведал «чIа» - янги абун,
Кверал тIиритIана, Расул гIодана:
- ГьадигIан цIакъищха, дир умматалъул,
Дуца рухI босилеб, йа Малакуль мавт?
Дир умматалдаса рухIалъул кьогIлъи,
Гьеб тIадги кьелила, йа дир БетIергьан.
Гьев Расул пашманаб, шайтIан бохараб,
ШайтIаналъул нухда, воре, хьвадуге!
Гьев Расул пашманаб, шайтIан бохараб,
ШайтIаналъул нухда, воре, хьвадуге!
Ма ша Аллагь
🥀